ХIурматиял вацал ва яцал! РакI-ракIалъго баркула нужеда кIалбиччаялъул байрам.
Я, БетIергьан Аллагь, къабул гьаре нижер кIалал, сахI ва киналго лъикIал гIамалал. Дуда гьарула, БетIергьан, нижее сабруги, гIакълуги, тавпикъги кьеян гьаб моцIалъ гьабуралда гIей гьабун чIечIого цогидал моцIазги жеги цIикIкIун лъикIлъаби гьаризе.
ГурхIулев Аллагьасда гьарула гьаб моцIрол хIурматалъе гIоло нижер мунагьал чурейин ва киналгIаги рагъал-кьалаздаса ва цогидалги балагьаздаса цIунагиян! Гьаб захIматаб заманалда киназулго ракIазе сабруги щулияб иманги кьеги! Амин!