108 соналъ магIарулалгун цадахъ
Гьале 108 сон сверана магIарул мацIалда тIоцебесеб газета къватIибе бачIаралдаса. Гьеб букIана Россиялда хIуригат бергьун хадуб заман.
1917 соналъул 3 апрелалда «Заман» абураб цIаралда гъоркь тIоцебе газета къватIибе биччана машгьурав революционер МахIач Дахадаевас ва гьесул лъади, Шамил имамасул вас МухIамадшапигIил яс Написатица.
Гьелдаса хадуб, 1992 соналде щвезегIан, батIи-батIиял цIаразда гъоркь къватIибе бачIана магIарул газета. 1992 соналдаса нахъейин абуни гьелда цIар буго нилъеда киназдаго лъалеб ва щивасе гIагараблъун лъугьараб «ХIакъикъат».
ТIоцебесеб къоялдаса нахъего магIарул миллат ва республика цебетIеялъе цIакъго цIикIкIараб
кIвар букIана ва буго газеталъул. Гьелъул гьурмаздаса камичIо унго-унголъунги халкъалъул
мурадазул, гIузрабазул, бергьенлъабазул бицарал ва гIадамазул ихтиярал цIуниялде ахIарал макъалаби. Газета лъугьана халкъалъул адабиятгун маданият цебетIезабулеб, гвангъизабулеб чирахълъунги, тарихалде нуцIа рагьулеб якъутлъунги.
Газета гIумру халатаблъун букIинароан гьенир тIекълъи-мекълъиялда дандечIоларел, миллаталъул ургъел гьечIел чагIи хIалтIулел рукIаралани.
Редакциялда кидаго рукIана махщелги лъайги бугел, унго-унголъунги тIасабищараб хIалтIуе рухI кьезе хIадурал гIадамал. Жакъа къоялъги гьеб гьедин буго. Редакциялъул хIалтIухъаби дандчIвала
батIи-батIиял гIадамалгун, щола районазде, росабалъе. Исанаги КIудияб ВатIанияб рагъда Бергьенлъи босаралдаса 80 сон тIубаялда бан ракIалда буго рагъда гIахьаллъарал къаламцоязул росабалъе щвезе, гьезул лъималгун, лъималазул лъималгун, гIага-божаралгун, жамагIаталгун дандчIвазе. Сапарал байбихьизе руго КIудияб ВатIанияб рагъда кьалул майданалда хутIарав Ражаб ДинмухIамаевасул ВатIанлъун кколеб Лаваша районалъул Урма росдадасан.
Гьабизе ракIалда бугелъул ургъалида хутIаги нилъ, хириял магIарулал. Балагьал рикIкIалъаги, ургъелал тIаса аги, рохелал гьарзалъаги, талихIалъ къвал баги.
КIудияб миллаталъул газеталъул 108 сон гьеб жегиги байбихьи буго. «ХIакъикъаталда» цере руго жеги рорхатал рорхалъабигун тIогьал.
ТалихIаллъун ратаги гьезде тIамулел нилъер щивасул галаби.
Темирхан ХIасанов, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор