30.03.202517:34
✓ Т А К Б И Р
اَلله ُاََكْبَرْ اَلله ُاَكْبَرْ اَلله ُاَكْبَرْ لاَ إِلَهَ إِلاَّ الله ُوَالله ُاَكْبَرْ الله ُاَكْبَرْ وَللهِ الْحَمْدُ
لله اكبر الله اكبر الله اكبر
َلله ُاَكْبَرْ كَبِيرًا وَالْحَمْدُ للهِ كَثِيرًا وُسُبْحَانَ اللهِ بُكْرَةً وَأَصِيلاً
Аллаhу акбар, Аллаhу акбар, Аллаhу акбар Лаилаhа илляллаhу валлаhу акбар, Аллаhу акбар ва лиллаhиль хlамд - 3-го нухалъ.
Аллаhу акбар, Аллаhу акбар, Аллаhу акбар.
Аллаhу акбар кабиран вальхlамдулиллаhи касиран ва субхlаналлаhи букратан ва асила.

30.03.202504:44
Даран гьабулев чияс гьелдаса, закат хIисабалда, бичулеб къайи бахъизе бегьулищ?
Имам ШафигIил мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, даран гьабулев чияс гьелдаса закаталъе бахъизе ккола гьеб къайиялъул къимат, ай гIарац. АбухIанифа имамасул мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, жибго бичулеб къайи бахъизе бегьула.
«Фатава Ибнизияд» ва «ШархIул мафруз»
📿 t.me/ihsan_avar

29.03.202507:59
30.03.202517:34
30.03.202504:07
КIалбиччаялъул сахI лъица бахъизе кколеб
КIалбиччаялъул сахI тIалъула бусурбанав, гьеб бахъизе рес бугев, рамазаналъул ахиралдаги шавалалъул авалалдаги чIаго вукIарав чиясда. Рамазаналъул ахирисеб къоялъул бакъ тIерхьун лъугIилалде хварав чиясдасаги, гьеб къоялъул бакъ тIерхьун хадуб гьабураб лъимадасаги закат бахъизе кколаро.
Гьединго, закат бахъизе ккола жинца хьихьизе кколел чагIаздасанги. Мисалалъе, чIужу, гIисинал лъимал ва херал, унтарал, жидедаго магIишат гьабун бажаруларел эбел-эмен. Гьездасан закат бахъизе ккани, гьев гьезул изнуялде хIажалъуларо.
«ТухIфатул мухIтаж» ва «ХIаваши щирваний»

29.03.202507:09
Дица цIар тIамурай чIужугIаданалдаса кIал биччаялъул закат бахъизе кколищ?
Жинца нафакъа кьезе тIалъарал чагIаздаса закат бахъизе тIалъула. ЧIужу йикIа гьей, яги гIагарал чагIи рукIа жинца хьихьизе кколел. Гьездаго гьоркьоса ккола жиндир гIидда лъугIичIей, цIар тIамурай чIужугIадан, ай гIидалъул къо бачIинегIан. Гьединго тIалъула закат бахъизе лъабго цIар тIамурай лъимаде йигей чIужугIаданалдасаги.
«ИгIанатул тIалибин», 2 бутIа, гьум. 332

30.03.202516:39
ХIурматиял вацал ва яцал! РакI-ракIалъго баркула нужеда кIалбиччаялъул байрам.
Я, БетIергьан Аллагь, къабул гьаре нижер кIалал, сахI ва киналго лъикIал гIамалал. Дуда гьарула, БетIергьан, нижее сабруги, гIакълуги, тавпикъги кьеян гьаб моцIалъ гьабуралда гIей гьабун чIечIого цогидал моцIазги жеги цIикIкIун лъикIлъаби гьаризе.
ГурхIулев Аллагьасда гьарула гьаб моцIрол хIурматалъе гIоло нижер мунагьал чурейин ва киналгIаги рагъал-кьалаздаса ва цогидалги балагьаздаса цIунагиян! Гьаб захIматаб заманалда киназулго ракIазе сабруги щулияб иманги кьеги! Амин!

30.03.202501:26
Кlалбичанкъо 31 Март.
29.03.202507:00
СахI бахъиялъул гIужал
ТIалъулеб гIуж. Рамазан моцIалъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьунеб гIужалда вугев чиясда. Гьеб къоялъ бакъ тIерхьинегIан хварав чиясдаса гьеб бахъизе кколаро, бакъ тIерхьиналде гьабураб лъимадаса ялъуни ячарай чIужуялдаса бахъизе ккола.
Хирияб гIуж. ГIидалъул къоялъ рогьел баккун хадуб, гIидалъул как балалде.
Бегьулеб гIуж. Рамазан моцI байбихьидал. Гьединлъидал, гIидалъул къо жакъа-метер абун щаклъиялда бугони, метералде тIамичIого, жакъаго бахъун тIубазабураб лъикIаб буго.
Карагьатаб гIуж. ГIидалъул какдаса бакъ тIерхьинегIан гьеб нахъбахъи. Амма гьеб заманалда гьоркьоб маслихIаталъе гIоло нахъбахъун бугони, масала, жиндие сахI кколев гIагарав яги цогидав лъикIав чи щвезегIан, карагьатаб букIунаро.
ХIарамаб гIуж. ХIарамаб буго гIидалъул къоялдаса хадуб бахъизе.

30.03.202510:17
29.03.202511:49
⚡️⚡️⚡️ Муфтият РД объявляет о том, что в этом году Ураза-байрам выпадает на 31 марта.
Да примет Всевышний все наши благие деяния!
💙 Муфтият РД

Көрсетілген 1 - 11 арасынан 11
Көбірек мүмкіндіктерді ашу үшін кіріңіз.