Дирги руго цо чанго жаваб раг1ине бокьарал суалал:
1-Муфтийлъун вугев чиясе,динияб маслах1ат- хал гьабун, бищунго заг1ифаб раг1иялда рекъонги цин, фатва кьезе бегьулариш ?
2-Бегьулеб батани, шарг1алда жаниб мавлид ах1изе бегьиялъе нухгойищ нужеда батич1еб ?
3-Дагъистаналда дагьал мункаратал рук1унищ, цого цо хъвараб т1ехь мавлид ах1и какун хъван бугеб?
4-Гьеб накъшубандиял муридзабазе хъвараб бугин нужеца абуни, Махир Зейн Дербенталде накъшубандияб вирд малъизейиш вач1ун вук1арав?
5-Вук1ун ватич1они, Муфтиясдаги гьесул х1алт1ухъабаздаги бугьтанал лъеялъе, гьезде куфру-нифакъ г1унт1изабелъе г1илла щиб?
6-Г1иллаго гьеч1ого, дагъистаналъул муфтий Саг1ид Афандиясул маъзун, шазалияб накъшубандияб т1арикъаталъул устар, Г1абдулх1амид устарасул ясалъул вас,къварид гьавизе кин к1вараб?
6-Саг1ид Афандиясул заманалда, мавлид ах1иялъулъ маслах1ат бук1анин, гьанже г1адамал диналде руссун ругин абизе, гьениб гьоркьоб г1емер заманиш араб ?
7-Г1адамал диналде руссарал, руссинч1ел, гьезий маслах1ат сундулъ бугеб, рокъор г1одорги ч1ун ругел нужедайищ лъалеб, дуниялалдаго раг1унеб х1алалъ, х1алт1и бачуна вугев Муфтиясдайищ лъалеб ?
5- Шазалиязулги накъшубандиязулги ист1илах1, Ах1мад Афандиясда г1адин лъик1 лъида лъазе рес бугеб?
6-Сайфулагь къадиясулги, Х1асан афандиясулги къ .с. т1ахьал Ах1мад афандияс г1ан г1емер лъица ц1алулел ?
7-Г1иц1аб, накъшубандиязул вирдазул къаг1ида, г1аммаб халкъалъе х1укмулъун гьабизе муфтиясда киса т1алъулеб?
8-т1адабги суннатабги жо загьираб шариг1аталъул гьесда лъаларогойищ бугеб ?
9-Льараб х1алт1изабизе гьаб х1укуматгунги рекъон гьесда г1адин лъида бажарулеб ?
10-Гьесул берцинаб сиясаялъ рагьарал нухаздаса хьвадила ругел нилъ, гьесухъ г1енеккеч1ого кин бегьулел ?
11-Гьеб гьит1инаб т1ехь мунафикъзабаз муридзаби рикьизаризе, муфтият бихизабизе, х1алт1изабизе байбихьидал нужеца гьелда данде щиб х1алт1и гьабураб ?
12-Гьеб т1ехьалде раг1и абун х1ехьоларого лъугьарал нужеца, цониги ролик нилъер устарзаби какулев, куфру г1унт1изабулев Костяда данде бахъанищ ?
13-Ах1мад афандиясул муридзабаз, Г1абдужалил афандиясул т1ехьалда г1айиб ч1вай, гьеб х1алалъ бицунел нуж, Г1абдужалил Афандиясул муридзабаз, Ах1мад Афандиясде Чанго соналъ куфруялдалъун рогьо балеб мехалъ нуж кир рук1арал, яги нуж цо бералъиш балагьулел ?
14-Саг1ид Афанди кидаго Ахмад афандиясда нахъа ч1ун гуриш вук1арав, гьесухъ г1енеккеян ах|т|олев гурищ вук1арав? Муфтиясда сверун цолъеян гьарулев гуриш вук1арав ?
14-кидадай Саг1ид афанди накълолъила абунищ нуж рук1арал, ракъарал хъурмал г1адин, муфтиясде данде рахъине ?
15-рук1ун ратич1они, гьаб мунафикъзабиги, вагьабиялги, капурзабиги, киналго диналда данде х1алтулеб бусурбабазул цолъи бихизабулеб заманалда нужеца шиб гьабураб?
Х1асадалъул кутакги, х1алихьалъиялъул нахъег1анлъиги гуреб жо, дида гьаниб бихьулеб гьеч1о!